Уроки аварского языка открытые + видео обзор

Открытый урок по родному (аварскому) языку

Уроки аварского языка открытые

Описание презентации по отдельным слайдам:

Дарсил тема Ц1арубак1азул разрядал МКОУ СОШ №16 Магомедгаджиева М. Г

Жакъасеб нижер нилъер дарсил. Мурад гьадинаб буго, Малъараб г1ат1ид гьаби, Ц1ияб лъай баян гьаби.

РекIелгъеялъулаб грамматика Абундачазул къец: Гъамас босе, Сакинат, Саргъас босе, СалихIат 2. Цо ккун, цер ккун, Царакъоралъ цакьу ккун, Цидул гIундул дица ккун, Ццидал къвачIа дуца ккун.

1. Щиб? Щий? Щал? абурал суалазе жаваблъун бач1унеб каламалъул бут1а 2. предметалъ гьабураб ищ бицунеб, яги предмет щиб х1алалда бугебали бицунеб каламалъул бут1а. 3. Предметияб ц1аралъ щиб бихьизабулеб? 4. Кинаб каламалъул бут1алъун раг1и ккун бугебали лъазе щиб гьабизе гьабизе кколеб? 5. Щиб кколеб морфология? 6. Рик1к1еналъ щиб бихьизабулеб? 7. предметалъул къадар яги ирга бихьизабулеб каламалъул бут1а Раг1икъот1алъе суалал?

Киг1ан уяб бук1аниги, Мунго дуцаго веццуге. Дун, дие, дир дицайилан, Ц1ек1ал раг1аби рицунге.

Адаб буго г1адамасул Г1умру берцин гьабулеб жо, Живго вахчун вугониги, Халкъалъе гьев вихьулеб жо.

Гьанже нилъеца лъимал Ц1арубак1 такрар гьабун Байбихьила гьаб саг1ат Разрядазде гьел рикьун Гьезул хал-шал гьабизе К1вар кьун гьелги лъазаре Гъварилъи-лъай ц1ик1к1ине

Дарсил мурадал 1. Предложениязулъ цIарубакIалъул разрядал битIун хъвазе ва хIалтIизаризе бажари; 2. Лъималазул калам цебетIезабиялда тIад хIалтIи; 3. Текст бит1ун ва чвахун ц1ализе бажари борхизаби.

Ц1арубак1алъул разрядал Гьумералъул Ишаралъул Баяналъул Баянлъи гьеч1ел Суалиял Гьеч1олъиялъул Жибголъиялъул дун, мун, ниж, нилъ гьав, гьев,дов, лъов,гъов щибав, щибай, щибаб кинав? кинай? кинаб? кинал? киналго? т1олго щив?щий? щииб?щийалиго щибалигокинав? кинай? кинаб? кинал? киналалиго, щалалиго щив? щий? щий? щал? кинав? кинай? кинаб?кинал? чан? чанабилеб? щив? щий? щиб? Щийниги?щибниги? щалниги? жив? жий? жиб? жал, дунго, мунго, нижго, нилъго, нужго

Рокъобе хIалтIи П. 32 № 1 гьум. 98

БицанкIаби Жиб кваназабуралъухъ ханжу кьолеб жо? Дуниял свераниги, свакаларел жал? Дуниялалда бищун хирияб жо? Жанибе нух гьеч1еб нахул гиби? Г1аздадасан унеб ц1улал чу? Авлахъалда рет1араб хъах1аб буртина? Г1ин кьурун, мац1 къват1ибе рехулеб жо? Буханаг1ан басандулеб жо? Къаси-къад ч1олареб, т1ик1-т1анк1 х1алт1улеб? Къват1ир гъалалги гьурщун жаний ч1арай меседу? Ургьимес баг1араб, жибго гьуинаб, г1урччинаб рет1ел рет1араб?

Азарго сон баниги,херлъулареб жо? Араб т1ад буссунареб жо? Ах1доларел, х1анч1уларел – жаниве чи виччаларел? Х1ат1ал кваналеб, кверал къинлъулеб жо? Бер гьеч1ого к1анц1улеб, к1ал гьеч1ого х1анч1улеб? Берал ц1ик, ц1око квеш? К1ал гьац1улаб, рач1 загьруяб зузудиро? Бищун бак1аб гьир? Борхатаб кьурулъ к1иго хъинс? Бохдул гьеч1еб, куркьби гьеч1еб, бихьулареб – боржунареб? Гьой гуреб рукъ ц1унулеб? БицанкIаби

Баркала! Дарс лъугIана. ЛъикIаб рагIаги, лъикIаб бихьаги!

Уроки аварского языка открытые

Уроки аварского языка открытые

Уроки аварского языка открытые

Уроки аварского языка открытые

Номер материала: ДБ-954313

Не нашли то что искали?

Вам будут интересны эти курсы:

Оставьте свой комментарий

Подарочные сертификаты

Ответственность за разрешение любых спорных моментов, касающихся самих материалов и их содержания, берут на себя пользователи, разместившие материал на сайте. Однако администрация сайта готова оказать всяческую поддержку в решении любых вопросов, связанных с работой и содержанием сайта. Если Вы заметили, что на данном сайте незаконно используются материалы, сообщите об этом администрации сайта через форму обратной связи.

Все материалы, размещенные на сайте, созданы авторами сайта либо размещены пользователями сайта и представлены на сайте исключительно для ознакомления. Авторские права на материалы принадлежат их законным авторам. Частичное или полное копирование материалов сайта без письменного разрешения администрации сайта запрещено! Мнение администрации может не совпадать с точкой зрения авторов.

Источник

План-конспект открытого урока по родному(аварскому) языку на тему: «Определение» 8 класс

Муниципальное казенное общеобразовательное учреждение

«Верхнебатлухская средняя общеобразовательная школа».

План-конспект открытого урока по родному(аварскому) языку

на тему: «Определение»

Составила: Магомедова Ш. А.

Рагьараб дарсил план. 8 класс

Дарсил тема: Определение

определениелъулгун цӀалдохъабазул лъай-хъвай гьаби.

-кӀалзул ва хъвавул калам цебетӀезаби.

-лъималазул лексика цІиял рагІабаз бечед гьаби.

-Авар мацӀалде лъималазул рокьи бижизаби.

ТIабигIат цIуниялъул бугеб кIвар лъималалазда бихьизаби.

Дарсие хIажалъулел алатал: компьютер, интерактивияб доска, презентациял.

-Лъимал, дие бокьун буго дарс байбихьзе, нилъер кIудияв шагIир ЦIадаса ХIамзатил гьал гьал кочIол мухъаздалъун.

Хасалил хъачIал малъаз гIаркьалаби гъурарал

ГъутIбузда тIамах балеб тIабигIат берцинаб их.

ХъахIал буртабазда гъоркь кьижарал авлахъазда

Кьер-кьераб тIегь бижараб тIабигIат берцинаб их.

(ТIабигIат цIуниялъул бугеб кIваралъул лъималазда бицина).

Рокъобе хӀалтӀиялъул хал гьабила.

(Арал темабазда т1асан фронталияб гьикьи гьабила, гьез жавабал кьела)

Предложениялъул бетIерал членал чан ругел?

БитIараб дополнение сунда абулеб?

БитIараб дополнениелъул кинал каламалул бутIаби ккун рукIине бегьулел?

БитIараб дополнение предложениялъулъ сунда бухьараб букIунеб

Предложениял членазде риххизе кьела.

Асмае хIалтIизе бокьула

Классалда дида кIигояв вихьана. (Слайд№3)

-Жакъа, лъимал, нилъеца бицине буго определениялъул хIакъалъулъ.

Хъвай, лъимал, нужеца тетрадазда дарсил тема.

Предложениялда жаниб гIемерисеб мехалъ определениялъ баян гьабула предметияб цIаралдаса бугеб предложениялъул член.

Кутакаб гъалбацI букIараб,

Чан? чанабилеб? абурал суалазе жаваблъун рачIунел определенияз предметалъул къадар яги ирга бихьизабула. Масала: Дун цIалулев вуго анкьабилеб классалда.

Определениял рукIуна рекъон ккаралги рекъон ккечIелги.

Рекъон ккараб определение абула жинца баян гьабулеб рагIигун жинсгун формаялъулъ рекъон ккрал определениязда. Масала:

Хирияй гьудулги гьагав дунгоги

Дагъистан кантIизе кицилъун ккана (М)

Ркекъон ккечIеб определение абула жинца баян гьабулеб рагIигун управлениялъул бухьеналдалъун цолъун бугелда.

Меседил гIадалнах гIарцул гвангвара

ГIадада хвелилан хиял букIинчIо (М.)

Цо предложениялъулъ рукIине бегьула цо чанго определение. Гьел рукIуна ялъуни цойиде нахърилълъун, ялъуни тарбибалда нахърилълъун.

1.Цойиде нахърилълъарал ккола киналго определениял цо рагIуде руссун, гьеб баян гьабулел определениял. Масала: КIудияб Октябралъулаб социалистьияб революция ккана 1917 соналда.

Чан мугIрул ганчIиде гуллид басараб

Гьасул черхалдаса чвахун араб би?

Щибаб рогьалида хIелкал ахIдола

ТIолго дунялалда дур цIар рехсола.(Р.ХI)

Т1ехьалдасан х1алт1и т1убала:

Х1алт1и №73 гьум.40 (Хадур кьурал рагIабиги определеняллъунги ккезарун предложениял гIуцIизе ва хъвазе)

Сулахъ- гIоралда цIар

Маргъал- бекI(диалектияб), пуговица.

ЧIагIа- гьекъолеб жо.

Х1алт1и №4, 109 гьумер. (КIиго-лъабго цIалдохъан вахъинавила цо-цо куплет цIализе ва определениял ратизе. Гьел кинал каламалъул бутIаби ккун регелали бицине. МагIнаялде кIвар кьела).

ТIад бугеб оас хIуларал хIалакъал мугIрул щобал

ГIурччинхарихъ тIерхьараб тIабигIат берцинаб их.

Чохьой дару гьаризе дур чохьохъе кIанцIула.

Дур квералъул гIатIилъи гIаламалъул берцинлъи,

Мун гIадаб гьайбатаб гьобол дида рещтIинчIо.

ГIурччинаб дур халгIатги хадубго цун рахIматги,

Дир урхъи буссинчIого нахъ руссине рес гьечIо(ЦI.ХI)

(ЦIалун лъугIараб хадуб, тIабигIат цIуниялда хурхун лъималазулгун гара-чIвари гьабила.)

(Экраналда бихьизбила росдал тIабигIаталъул суратал. Хъвазе кьела росдал тIабигIаталъул саратаздасан гьитIингабго сочинение, рекъон ккаралги рекъон ккечIелги определениялги гъорлъе ккезерун). (Слайд№5)

(Тексталдаса ратIа росун определениял хъвазе, рекъон ккаралги рекъон ккечIелги рицине. ТIоцебе хIалтIи тIубарав лъабгоясе къимат лъела).

Уроки аварского языка открытые

(Хадур рехсарал рагIабазул магIна загьир гьабизе кьела. Гьелги определенияллъун ккезарун предложениял ургъизе тIамила).

(Адабияталдаса цо-к1иго мухъ ц1алила определениялги гъорлъ ругел.

Асаралда цIарги, гьелъул авторги, определениялги ратIа росун хъвазе.)

а)Чан гIалимчиясул гIелмудал керен,

Дуца жаниб бачун ракьде буссараб;

Чан устарасулдай меседил кверал,

Каранда тIадги лъун, хIурде руссарал

(Автор, кочIол цIар, определенияял)

б) Хунзахъ конторалда кагъат рагIула,

Килас печать чIвараб, чIегIер белъараб.

БачIараб почалда хабар рагIула,

(Автор, кочIол цIар, определенияял)

в)ХIурупал магIилал, магIна гIищкъуял

ГIибаратал ана ГIунайзатиде;

Алфазал багьаял, багьа хириял

Харилъе тIегь гIадал хъвана шигIраби.

(Автор, кочIол цIар, определенияял) (Слайд№6,7)

— Дарсги лъугIулеб буго, нилъеца рак1алде щвезабила гьаб дарсида сундул х1акъалъулъ нилъеца бицарабали. Тестовияб хIалтIуца борцина нужеда лъараб дарс.

(Лъималазда дарс бичIун бугищали хал гьабизе тIобитила тестовтяб хIалтIи)

1. Определение сунда абулеб?

б) лъица? Сунца? абурал суалазе жаваблъун бачIунеб предложениялъул бетIераб членалда.

в)Заман бихьизабулеб предложениялъул бетIераб гуреб членалда.

2.Рекъон ккарал определениял кида рат1алъизарулел?

а) Определение т1ибит1араб бугони.

б) К1игоялдаса ц1ик1к1ун определениял ругони.

в) Т1ирит1арал определениял рат1а гьарула аслияб раг1уда ха-
дурр ккун ругони.

г) Киданиги рат1алъизаруларо.

3. Хаслъул падажазда ругел определениязда гъоркь хIучч цIай

а)Ясалъ баргъич меседил гьабуна в)Хьитал салул цIуна

б)Ясалъ меседил баргъич ххуна г)Лъимал расандана салул гохIда

4. Предложениялда жаниб причастие щиблъун бук1уъеб?
а)дополнениелъун; б) х1аллъун;

в) подлежащеелъун; г) определениелъунги, сказуемоелъунги. (Слайд№8,9, 10.)

Источник

Открытый урок по аварскому языку на тему «Гъ [гъ] гьаракь ва х1арп»

Авар мац1алъул рагьараб дарс

Тема: «Гъ [ гъ] гьаракь ва х1арп» (ц1али ва хъвай).

Дарсил мурад: гъ [гъ] гьаракь ва х1арпалъулгун лъай хъвай гьаби;

Рагьукъаб [гъ] гьаракь гъорлъ бугел раг1аби бит1ун ц1ализе ва хъвазе малъизе.

I Лъимал дарсиде х1адур гьари.

Унго гьелъул гьайбатлъи.

Къечарасе лъим г1адаб,

Риидал гьогьен г1адаб,

Рокьи загьир гьабулеб

— Жакъа нилъер бугоха лъимал г1адатияб гуреб, т1аде гьалбалги рач1араб дарс.

-Рач1аха годор ч1елин

Г1емер лъик1 г1енеккилин.

II Рокъобе кьураб дарсил хал гьаби.

– Нилъеца араб дарсида малъун бук1ана Кь кь х1арпал, рач1аха хъвазин гьезул цо-цо мухъ берцинго ва бац1ц1адго. (Кь кь х1арпал хъвазе ва къимат кьезе).

Кьили т1ад къан, чу кьолон,

Кьалде Къуду къокъана.

Кьурда гъоркь Къуду кьижана.

(Кь х1арпал ратизе ва гъоркьан х1уччал ц1азе.)

«Г1абдулагьил кьег1ер» абураб хабар ц1ализе ва тексталдасан суалал кьезе.

(Рахас гьабун ц1али.)

— Г1абдулагьие, гьавураб къо баркун, Мах1ададаца щиб кьураб?

— Г1абдулагьие кьег1ер бокьанищ?

— Кин гьес гьеб хьихьараб?

-Кьаг1рие щиб гьабизе бокьулеб бук1араб?

— Кьег1ер кинаб лъугьараб?

— Инсуе щиб бокьун бук1араб?

— Щай инсуца кьег1ер маг1арде бит1ич1еб?

Гъалбац1, гъуни, баргъич, гъуй,

Гъаран, гъурущ, гъадаро,

Аргъан, гъамас, гъансито,

Гъудал, гъеду, гъец1, бугъа,

-Гъ [гъ] кинабха кколеб, лъимал?

— Кинал х1арпалги данде ран лъугьун ругел х1арпал?

-Чан элементалдасан лъугьун бугеб гъ х1арп?

Доскаялда хъван бихьизабизе Гъ гъ Гъ гъ

Гьаб щиб к1ет1еро кколеб,

Гъут1бузе сахлъи кьолеб? (Гъот1орк1о)

Гъа гъи гъу гъо гъе

Гъабу, гъира, гъуд, гъот1орк1о, гъеду,

Гъазимух1амад, Алгъина, Агъадаци

— Гьаб сураталда щиб бихьулеб бугеб нилъеда?

— Лъималаз щиб гьабулеб бугеб?

— Агъадацица лъималазе щибдай бицунеб бугеб?

« Гъут 1 бузул тохтир »

— Лъималаз щиб гьабураб Агъадацие?

— Нужеца гьабулебищ гьединаб кумек?

Маг1арул район: Гъуниб.

— Нилъер район лъидаха лъалеб?

1 Суратазул кумекалдалъун раг1абазул болъаби ц1езаризе.

2 Ц1ияб раг1и лъугьинабизе.

Гъалбац1 – бук1ине бегьула г1адамасул ц1арлъунги.

3 Гъалбац1ал кин гъулгъудулел?

Къуркъби кин къвакъвадулел?

Гарц1ал кин ц1иц1идулел?

Борхьал кин хьирхьидулел?

4. Маг1арул мац1алъул 13 х1арп

Х1урччгун хъвалел – (6) х1, г1, т1, к1, ч1, ц1

Ъ тв.знакгун хъвалел – (4) гъ, хъ, къ, лъ

Ь мяг.знакгун хъвалел – (3) гь, хь, кь

5. Слогалккун абун, гьал раг1аби хъвазе.

V . Дарсил х1асил гьаби.

— Бокьарабищха, лъимал, нужее гьаб дарс?

— Бищунго щиб нужее бокьраб гьаб дарсалъул?

Лъик1 буго х1алч1ахъадал, дарсида лъик1 х1алт1ана:

Гьалцояз дагьабги х1аракат бахъизе ккела дагьалги лъик1 х1алт1изе.

Муниципальное казённое общеобразовательная школа

Зиранинская средняя общеобразовательная школа

Уроки аварского языка открытые

Уроки аварского языка открытые

Уроки аварского языка открытые

Уроки аварского языка открытые

Номер материала: ДБ-1320770

Не нашли то что искали?

Вам будут интересны эти курсы:

Оставьте свой комментарий

Подарочные сертификаты

Ответственность за разрешение любых спорных моментов, касающихся самих материалов и их содержания, берут на себя пользователи, разместившие материал на сайте. Однако администрация сайта готова оказать всяческую поддержку в решении любых вопросов, связанных с работой и содержанием сайта. Если Вы заметили, что на данном сайте незаконно используются материалы, сообщите об этом администрации сайта через форму обратной связи.

Все материалы, размещенные на сайте, созданы авторами сайта либо размещены пользователями сайта и представлены на сайте исключительно для ознакомления. Авторские права на материалы принадлежат их законным авторам. Частичное или полное копирование материалов сайта без письменного разрешения администрации сайта запрещено! Мнение администрации может не совпадать с точкой зрения авторов.

Источник

Открытый урок родного языка(аварский) 1 класс

Дарсил мурад : «Л» гьаракь – хIарпаллъулгун лъай – хъвай гьаби, рагIабазда гъорлъа гьеб батIа гьабизе лъай ва гьебгун рагIаби ургъизе лъай .

Дарсил алатал : къотIарал хIарпазул касса, ламадуралъул, лалуялъул суратал.

I Класс дарсиде хIадур гьаби.

III ЦIияб дарс баян гьаби:

а) суратазда тIад хIалтIи;

б) рагIабазда гъорлъа «Л » батIа гьабизе лъай;

IV ЦIияб дарс щула гьаби

V Дарсил хIасил гьаби
VI Рокъобе хIалтIи

ЦIалдохъаби дарсиде хIадур гьари.

Учитель: РорчIами, лъимал! ГIодорчIа!

Учитель : Гьанже, лъимал, киналго берцинго гIодорги чIун, рокъобе кьураб хIалтIиялъул хал гьабе

Лъимал, лъида лъалеб гьаб щибали?

Учитель : ЦIале дуца, БатIимат.

ЦIалдохъан : Гьеб буго шириш

Шиша абураб рагIи слогазде бикье дуца, Якъуб.

Учитель: Такрар гьабе дуца, ГIумар.

Учитель : Лъимал, цоги лъида кIвелеб «Ш» хIарп гъорлъ бугеб рагIи ургъизе?

ЦIалдохъан : (шагьар, школа, шириш)

Учитель : Гьел рагIаби слогазде рикье дуца, Муъминат.

Учитель : Гьанже, лъимал, цIализе буго нужеца рокъоб лъазабураб дарс. Щиб нужеца рокъоб лъазабураб?

Учитель; ЦIале дуца, Шахрузат.

Учитель: ЛъикI буго, Шахрузат, гIодойчIа. Лъимал, Муса щив кколев?

ЦIалдохъан : Муса ккола тракторист (Тракторист абураб рагIул магIна гьезда цебего баян гьабула.

Учитель : Муса исана кин хIалтIарав, векьарарав?

ЦIалдохъан : Муса исана гIемер векьарана. (Гьеб формаялда 2-3 ял рахъинарила.

Учитель : Лъимал, тIехь гьечIого, суалазе жаваб кьезе хIадурлъе, тIахьалги къан. Мусса щив кколев?

ЦIалдохъан : Муса ккола тракторист.

Гьеб формаялда лъималаздаса ритIарал жавабал ва материал гъваридго такрар гьабила.

Учитель: Лъимал, нуж кин хIалтIизе ругел?

(Учителас статьялъул тарбия кьеялъул мурад баян гьабула, цIалуда лъикIго хурхинабун).

Учитель : Жакъа, лъимал, нилъеца лъазабизе буго цIияб хIарп, рагIи. Киналго гьанире балагьея, гьаб сураталъухъ (Сурат бихьизабила ламадуралъул).

Щиб гьаб? Абея дуца, Мух1амад.

ЦIалдохъан : Гьеб буго ламадур.

Учитель : Нуж гIинтIамун чIа.

Дица кьураб суалазде жаваб кьезе хIадур чIа «Гьаб ламадур буго школалъул огородалдаса дица нужеда бихьизабизе босараб жо (Учителасухъ букIина цо хIакъикъияб ламадур. Нилъер школалъул огородалда рижула батIи-батIиял овощал. Ламадур гIадамасул чорхое пайда бугеб овощлъун ккола.

Учитель : Ламадур киб бижун букIараб?

Учитель: ГIадамасул чорхое гьелъул пайда бугищ?

ЦIалдохъан: Ламадуралъул гIадамасул чорхое пайда буго. (Гьеб формаялда хутIараб бутIаги суалазде биххила ритIарал жавабал тIалаб гьарила).

Учитель: Нахъеги бихьизабизин, щиб гьаб?

ЦIалдохъан : Гьеб ккола ламадур.

Учитель : Чан рагIи дуца абураб?

ЦIалдохъан: Лъабго рагIи абуна.

Учитель: ТIоцебесеб рагIи щиб?

Учитель: КIиабилеб рагIи щиб?

Учитель: Лъабабилеб рагIи щиб?

Учитель : Кинацаго цадахъ абе «ламадур»

Учитель: Кинаб цIияб гьаракь бугеб гьеб рагIулъ?

ЦIалдохъан : Гьеб рагIулъ цIияб гьаракь буго «Л»

Учитель : Гьале, лъимал «Л » хIарп (къотIарал) хIарпаздаса гьоркьоса «Л» хIарп бихьизабула).

Такрар гьабея дуца, Муслим (хадуб хоралдалъун такрар гьабизабила ).

Учитель : Гьеб хIарп буго «Л»

Учитель: Балагьея, лъимал, щиб гьаб? (лемагалъул сурат бихьизабула).

ЦIалдохъан : Гьеб буго лемаг.

Учитель : ЦIияб гьаракь бугищ гьеб рагIулъ?

ЦIалдохъан : Лемаг абураб рагIулъ цо цIияб гьаракь буго «Л».

Учитель: Гьанже, лъимал, нилъеца гIуцIила «Ламадур » абураб рагIи ва гьеб цIалила.

ЦIалдохъан : ЦIализабила (цоясда ва хоралда).

Учитель: Биххе гьеб рагIи слогазде, хIарпазде ва цIияб хIарпги бихьизабила. Мун яхъа бихьизабе, Амина.

ЦIалдохъан : Гьале цIияб хIарп «Л»

ЦIалдохъан : Гьале «Л » хIарп (лъималаз бихьизабула).

Учитель : Гьанже нужеца къотIарал хIарпазулъ рате цогидал хIарпал ва гIуцIе ламадур абураб рагIи, лалу, лемаг ва гь.ц. (цIалдохъабаз гIуцIила учителас хал гьабула).

Учитель: Гьанже лъимал, тIахьадасан цIализе буго. Рагье тIахьал, Цояс цIализе буго, цогидаз тIахьазде тIадеги ралагьун, цIале.

Учитель : ЦIале дуца, Зайнаб.

Учитель : (Учителас школаялъул мина бихьизабула). Лъимал гьаб щиб?

ЦIалдохъан : Гьеб буго школа. Хоралда абула.

Учитель: Лъимал, гьанже нужеца гьеб рагIи слогазде бикье.

Учитель : Гьаркьазде бикье. Ш-к-о-л-а.

( Гьедин цогидазги цIалила).

Учитель : Гьанже цIализе буго предложение.

Учитель : ЦIале Марьям.

ЦIалдохъан : Школалъ лъималазе лъай кьола.

Учитель : Школалъ щиб кьолеб?

ЦIалдохъан : Школалъ лъай кьола?

Учитель : Школалъ лъие лъай кьолеб?

ЦIалдохъан : Школалъ лъималазе лъай кьола.

ЦIияб дарс щула гьаби

Учителас баян гьабула : школалде цIализе рачIаралщиназе школалъ лъай кьолеблъи, лъай хвел гьечIеб хазина букIин лъай).

Учитель : ЦIияб хIарп бугищ гьеб рагIулъ?

ЦIалдохъан : Гьеб рагIулъ цIияб хIарп буго «Л»

(Гьединан цIалила хутIарал предложениял)

Ахиралда цоясда тIубанго цIализабула ва бицинабула.

Дарсида лъикIаб гIахьаллъи гьабуразе къиматал лъела ва гьезие баян кьела.

Дарсил хIасил гьаби.

Учитель : Жакъа нилъеда дарсида кинаб гьаракь-хIарп лъараб?

ЦIалдохъан : Жакъа нижеда дарсида лъана «Л» хIарп ва гьебгун рагIабиги цIализе лъа

Учитель: Суратазде балагьун хабар гIуцIизе ва бицине хIадур гьабизе.

Учитель : Абея щиб нижеца метералде лъазабизе кколеб?

ЦIалдохъан : ЦIалдохъабаз такрар гьабула.

Учитель : Дарс лъугIана, ине бегьула.

Учителас Лъималазулгун къо-мех лъикI гьабула.

Уроки аварского языка открытые

Уроки аварского языка открытые

Уроки аварского языка открытые

Уроки аварского языка открытые

Номер материала: ДБ-824047

Не нашли то что искали?

Вам будут интересны эти курсы:

Оставьте свой комментарий

Подарочные сертификаты

Ответственность за разрешение любых спорных моментов, касающихся самих материалов и их содержания, берут на себя пользователи, разместившие материал на сайте. Однако администрация сайта готова оказать всяческую поддержку в решении любых вопросов, связанных с работой и содержанием сайта. Если Вы заметили, что на данном сайте незаконно используются материалы, сообщите об этом администрации сайта через форму обратной связи.

Все материалы, размещенные на сайте, созданы авторами сайта либо размещены пользователями сайта и представлены на сайте исключительно для ознакомления. Авторские права на материалы принадлежат их законным авторам. Частичное или полное копирование материалов сайта без письменного разрешения администрации сайта запрещено! Мнение администрации может не совпадать с точкой зрения авторов.

Источник

Открытый урок аварского языка (7класс)

МКОУ «Гертминская СОШ им. Абдулмуслимова М.А.»

Авар мац1алъул рагьараб дарс

Х1адур гьабуна маг1арул мац1алъул учитель:

1.Дарсиде х1адуриялъул лах1зат.

2. Раг1икъот1 ц1езаби.

3. Сураталда т1асан к1алъай гьаби.

4. Дарсил тема, мурадал, масъалаби баян гьари.

5. Литературияб диктант.

6. Цебе малъараб такрар гьаби

8. Поэмаялъухъ г1енекки.

9. Асаралъул анализ

11. Ц1адаса Х1амзатил музеялде виртуалияб сапар.

12. Ц1адаса Х1амзатил интервью.

13. Дарсил х1асил гьаби, баркалаялъул кагътал рикьи. Рокъобе т1адкъай кьей.

Презентациялгун, х1айгун, слайдалгун, халкъиял бакъналгун.

Васазе ва ясазе миллияб рет1ел.

Баг1арал ва хъах1илал карточкаби – бонусал.

Бат1и – бат1иял асараздаса багьадурал-ц1алдохъаби, гьалбал: Ц1адаса Х1амзат,рет1а-къала дандекколеб къаг1идаялъ.

Дарсил тайпа: ИКТ х1алт1изабураб г1адатияб гуреб адабияталъул дарс

Класс бец1 гьабун буго. Классалъуве лъугьуна муг1алим ва лъималазе салам кьола:

Муг1алим: Рорч1ами, лъимал!

Ц1алдохъабаз цадахъго жаваб кьола, ва авар мац1алъул х1акъалъулъ ругел мухъал ц1алула.

Муг1алим : Лъимал, нилъер жакъа буго г1адатияб гуреб дарс. Гьеб ине буго г1адатияб гуреб х1алалда, лъугьине руго г1адатиял гурел ишал. Жакъасеб дарсил маршрут ва тема бищизе т1амизе руго нужго. Рази ругищ?

Ц1алдохъаби: Рази руго!

2 Слайд – ч1обогояб кроссворд.

Муг1алим: Дарсил маршрут бищизе буго раг1икъот1 ц1езабиялдалъун. Гьеб бук1ине буго нилъер дарсил сапаралъулаб т1амачлъунги. Кире ва лъихъе – гьел суалазе жавабал щола раг1икъот1 ц1езабун хадуб.

— Лъимал, бокьун буго к1вар буссинабизе: ц1ик1к1ун баг1арал бонус – карточкаби щварав ц1алдохъанасе щвезе буго «Г1акъилзабазулги г1акъил» абураб ц1ар.

Ц1алдохъаби: Нижеца х1аракат бахъила!

Муг1алим: 1 суал: Кив гьавурав Ц1адаса Х1амзат?

Ц1алдохъаби: Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъ

Муг1алим: Бит1ун буго.

Муг1алим: 2 суал: «высокомерие, чванство, гордость» маг1арул мац1алде буссинабе?

Муг1алим: Х1алч1ахъадал! 3 суал: Ц1. Х1амзатил кеч1 антиреклама?

Муг1алим: ц1акъ лъик1 буго! 4 суал: бахчараб дандекквей ккола …?

Муг1алим: 5 суал: Ц1. Х1амзат вук1ана гьурмада … бугев чи.

Муг1алим: Гьаб раг1и нужее зах1малъизеги бегьула, бугониги х1албихьизинха. 6 суал: «взятка» маг1арул мац1алде буссинабе?

Муг1алим: Рищват! Х1алч1ахъад!

Муг1алим: ахирияб 7 суал: авторасул бицунеб жоялдехун бугеб бербалагьи загьир гьабулеб гъвангъараб сипатияб раг1и ккола:

Муг1алим: Бит1ун буго. Дун нужедаса рази йиго.

Слайд 3- ц1езабураб раг1икъот1.

Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзат. Нилъ рилълъине руго Хунзахъ районалъул Ц1ада росулъе.

Ц1алдохъаби: Дарсил тема ккола: Ц1адаса Х1амзат «Дир г1умру» (поэма)

Слайд 4 – Ц1адаса Х1амзатил портрет.

Муг1алим: Лъицаха нилъер гьалбазе Ц1. Х1амзатил х1акъалъулъ бицинеб?

(Портреталда т1асан к1алъай.)

Гьев гьавуна 1877 соналъул 21 августалда. Х1амзатил эмен Юсупил Мух1ама вук1ана эркенав узденчи. Гьесул бук1инч1о хъат ч1вазег1анасеб ракь, амма бук1ана 7 лъимер, гьезда гьоркьосан г1иц1го Х1амзатица лъолаан т1агъур. 7 сон гьес байдал, хола эмен. К1удияб хъизаналъул т1алаб т1аде ккарай эбелги кват1ич1ого хола. Бест1алазул т1алаб гьабула инсул вацг1алзабаз. Мух1амадсултаница Х1амзат кьуна Гиничукье мадрасаялде г1араб ц1ализе. Хисана г1емерал росаби, дибирзаби. Гьелъие г1илла Х1амзатил сатириял куч1дул рук1ана.

Гьесда бихьана мискиназда бугеб къварилъи, росдал бечедазул хъант1и, гьез махсароде кколеб халкъ.

Х1амзатил творчество байбихьанин абизе бегьула жеги мутаг1иллъуда вугеб мехалъго. 14 сон барав Х1амзат судалде кьола Г1алибег абулев бечедав

мадугьалас, цо кинабалиго т1аг1ел бикъун бугин багьанаги батун.

Гьеб бук1ана 1891 сон-гьесул пагьмуялъулги пасих1лъиялъулги гъансиниб лъураб т1оцебесеб хазиналъун жиб ккараб «Г1алибегил гьве» абураб кеч1 хъвараб сон.

Гьес С. Стальскиясда (проекторалда суратал кьола) цадахъ кьуч1 лъуна т1олабго Дагъистаналъул г1аммаб советияб литератураялъе. Гьесда лъик1 лъалан г1арабазул литература. Х1амзат шаг1ир гуревги вук1ана драматург, хъвалаан критикаялъул, публицистикаялъул, литератураялъул х1акъалъулъ х1алт1аби.

Х1амзатица нахъа тана бечедаб адабияб ирс: руго гьесул маргьабиги, баснябиги, сатириял асаралги,поэмабиги,публицистикаги,таржамабиги.

Муг1алим: Баркала, Дица цодагьаб т1адежубай гьабила дарсил темаялде. Ц1адаса Х1амзат «Дир г1умру».

Слайд 5, 6- дарсил тема, масъалаби, мурадал.

Нилъер масъала: шаг1ирасул г1умруялъулгун, ширг1ияб ирсалъулгун дагьаб г1ат1идго лъай-хъвай гьаби, калам цебет1езаби, пикру бег1ери, жакъасеб къоялъулгун малъулеб асарлъул бухьен ч1езаби.

Слайд 7 –дарсил эпиграф

Муг1алим: ц1але ва к1вар кье дарсил эпиграфалде.

Ц1алдохъаби: Х1амзат, дур асараз инсан куцана,

Бец1ал г1адатал къаникьги рукъун.

Муг1алим: Баркала, нилъ жеги гьелде т1адруссина. Гьабсаг1ат нилъеца гьабизе буго литературияб диктант. Т1убалеб къаг1ида: дица ц1алулеб предложение нужеца лъуг1изабизе.

Слайд-8 –Литературияб диктант:

1. «Дибирги г1анхвараги» абураб кеч1алъул автор…

Ц1алдохъаби: Ц1адаса Х1амзат

2. Жиндир хасав автор вугеб асар ккола…

Ц1алдохъаби: Литературияб.
3. Инкъилаб абураб раг1иялъул синоним …

Ц1алдохъаби : революция
4. Ц1адаса Х1амзатил революциялда цересел асарал …

Ц1алдохъаби: «Ашбазалде», «Г1алибегил гьве», «Дибирги г1анхвараги».
5. Кинаб жанралъе кьуч1 лъураб Ц1. Х1амзатица …

Ц1алдохъаби: сатираялъе.
6. Сатириял асараз къват1иб ч1вазабула…

Учитель: Киналго лъик1 х1алт1ана. Гьанже х1алт1изе руго къокъа-къокъаккун. К1иго командаялдеги рикьун, цоцазе кьезе буго цо суал: « Асаралъул ц1ар ва автор абе »

Къокъабаз, цин-цин гьабун, ц1алула куплетал:

Дуца гьудуллъун ккве квер г1ат1идаб т1ехь
Кида бокьаниги, дуй пайда кьолеб.
Гьалмагълъун ккве дуца литература
Мун хисарданиги, цо х1алккун ч1олеб

Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзат. «Гьудуллъи лъилгун кквелеб?»

Кутакалде мугъ ч1вараб
Ч1ух1араб пил бихьулищ
Лолен г1адин, ц1унц1раялъ
Ц1анбит1ун г1одоб лъураб

Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзат «Пилги ц1унц1раги»

Жиндир хъулухъ гуреб иш
Бет1ералде босарасе
Мисалалъе гьаб раг1и
Г1унги т1ок1аб буго

Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзат «Маймалакги ц1улал устарги»

Гьедиг1ан инжитго данде гьабураб
Дунялалъул боц1и бакьанго гуро

Мискинзаби гуккун, кодобе щвараб
Шагьи –параялда дун урхъуларо

Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзат «Ашбазалде»

Исана дидасан бегьараб зарал
Закат-сах1алдасан босеха, дибир,
Т1аде-хариялде я дунго хвела,
Ялъуни дибирлъун бат1ияв ккела!

Ц1алдохъаби: Ц1. Х1амзат «Дибирги г1анхвараги»

Слайд 14 – Цере малъарал асаразул ц1аралгун .

Цересел классазда малъана:
5 кл.- «Гъалбац1ги г1анк1ги», «Гьудуллъи лъилгун кквелеб?»
6кл.- «Маймалакги ц1улал устарги», «Пилги ц1унц1раги», «Шамилиде»
7кл.- «Ашбазалде», «Дибирги г1анхвараги»

Муг1алим: Нилъеца Х1амзатил цере малъарал асарал такрар гьаруна. Лъица бицинеб, гьел асараз нилъ сунде ах1улел ругел?

Ц1алдохъаби: Нилъго нилъерго г1амал-хасияталда т1ад х1алт1иялде.

Слайд 15- Дарсил тема

Муг1алим: «Дир г1умру» абураб поэмаялда жаниб бицунеб буго авторас жиндирго г1умруялъул ва творчествоялъул х1акъалъулъ. Поэмаялъул т1оцебесеб бет1ералде ц1ар буго «Мискинаб рукъ». Мискинаб г1умруялъул байбихьи кьун буго гьеб бет1ералда. Слайд16-17

К1иабилеб бут1аялде ц1ар «Ц1ализе кьей». Гьениб авторас рагьун буго матаг1иллъиялъул заман. Слайд18-

Лъабабилеб бут1а «Рукъалде вуссин». Хъизан- рукъ гьабиялъул бицун буго гьеб бут1аялда. Слайд 19-

Хадусеб бут1а «Дибирлъи». Г1езег1ан заманалда жиндирго росулъ дибирлъун вук1ана Ц1адаса Х1амзат.Слайд20-21

Бищунго х1алуцараб бак1азул цояб ккола поэмаялда «Инкъилаб» абураб бут1а. Пача т1аса рехиялда бук1араб хьул, анищ т1убала.Слайд22-23

«Совет х1укуматалъ гьабураб х1урмат» абун тун буго хадусеб бут1аги авторас. Слайд24-25

Ахирисеб бут1аялде ц1ар кьун буго «Ват1анияб рагъул заманалда». Гьенибги авторас К1удияб Ват1анияб рагъде г1олилал т1орит1изе жинцаго гьабураб жигаралъул бицунеб буго. Нилъеда лъала Х1амзатил к1иго вас ч1вана гьеб рагъулъ. Слайд26-27

Слайд 28– Словарияб х1алт1и

Муг1алим: Тексталъулъ дандч1валел зах1матал раг1абазе баянал нужеца словаралда хъвазе бегьула.

Хьин – цебе маг1арулаз ургазда жаниб лъолеб бук1араб тамахаб хер.

Къайим – т1алаб гьабизе т1аде босарав чи.

Ц1июр – цо чанго соналъ ц1аларав к1удияв мутаг1ил.

Муг1алим: Гьанже поэмаялдаса цо-цо бут1абазухъ г1енеккизин

Муг1алим : Бокьанищ нужее поэма? Рач1а гьанже нилъеца поэмаялда т1асан гьабизин гара-ч1вари.

Ц1алдохъаби: Идея – Г1умруялъул зах1малъабазги заманалъул хис-басиязги инсан куцула.

Муг1алим: Х1алч1ахъадал! Божула нужеда. Гьабсаг1ат х1алт1изе руго т1ехьгун. Нужеца поэмаялда сипатиял раг1аби ратизе руго: 1 группаялъ-т1оцебесеб бет1ералда эпитетал, 2 группаялъ – к1иабилеб бет1ералда матафораби, 3 группаялъ лъабабилеб бет1ералда дандекквеял.

Биччала халкъияб бакъан

Муг1алим: Ц1акъ лъик1 буго!

Х1ухьбахъиялъул лах1зат х1исабалдаги лъик1 х1алт1аралъухъги дица нуж рачине руго Ц1. Х1амзатил музеялде.

Гьесул буго юбилей –гьавуралдаса 140 сон т1убай, баркилищ?.

Слайд 33 –Ц1адаса Х1амзатил юбилей

Ц1алдохъаби: Ц1акъ бокьила!

Муг1алим: Нилъеца гьабизе буго х1ай: «Лъие бокьун бугеб Х1амзатихъе щвезе?»

Гьелъул.буго «Миллионерлъун вахъине лъие бокьун бугеб?» абураб х1аялъулго г1адаб къаг1ида

Баккула х1ай, гьеб г1уц1ун буго суалал-тестаздасан:

Кида гьавурав Ц1. Х1амзат?

Ц1. Х1амзатил фамилия, инсул ц1ар?

Ц1адаса Х1амзатил т1оцебесеб асаралда ц1ар щиб?

Ц1. Х1амзатил т1оцебесеб т1ехь къват1ибе бахъараб заман?

Ц1.Х1амзатил кеч1 –антиреклама?

Ц1. Х1амзатица асарал хъварал адабиталъул тайпаби?

Х1амзатие «Халкъив поэт» абураб ц1ар кида кьураб?

Гьодораб хабар – сипатияб калам?

Муг1алим: Х1алч1ахъадал! Бихьулеб буго нуж лъик1 х1адурун рук1ин ва нужее шаг1ир вокьулев вук1ин! Сапаралъ рахъинин!

Слайдал 42-52 халкъияб бакъан. Ц1. Х1амзатил рукъ-музей.

Гьалбазда дандч1вай гьабула Ц1. Х1амзатица-ц1алдохъанас:

Х1амзат: Дун ц1акъ вохарав вуго, хириял, нуж рач1иналдаса, лъик1 щварал!».

Дунни нужеда к1очон тун ватилилан вук1ана.

Ц1алдохъаби: Телищха. Нижеда мун к1очон толаро, ц1алула дур асарал.

Юбилей баркизеги бокьун буго.

Ц1алдохъаналъ Х1амзатиде гьабураб асар рик1к1уна.(Ада Асх1абова кеч1)

Х1амзат: Баркала, херав вохизавуна нужеца.

Слайд 53- Ц1адаса Х1амзатил интервью

Цее яхъуна, кодоб микрофонгун, журналистка.

Журналистка: «Х1акъикъат» газетаялъе цо дагьал суалазе жавабал кьезе разилъиларищ, х1урматияв?

Х1амзат: Гьай-гьай, разилъила.

Журналистка: Лъазе бокьилаан т1оцебесеб асаралъул х1акъалъулъ?

Х1амзат: Мутаг1иллъиялъул соназдаго хъвана «Г1алибеги гьве». Дир бук1ана 14 сон. Гьеб асар сабаблъун чанго нухалъ судалъул скамейкаялда ч1езе ккаравха дун.

Журналистка: «Ашбазалде» абураб асар ц1акъ бокьана. Гьелъулги бицинарищ?

Х1амзат: Х1ажияс дие гьеб асар къват1ибе бахъич1ого таралъухъ кьолораб чу кьолеб бук1ана (гьанже ч1ух1араб машина г1адаб жоха). Амма кват1ун ккана: киназго, цоцазул к1алдиса босун, рик1к1унеб бук1ана гьеб. Ашбазги кват1ич1ого къазе ккана.

Журналистка: Х1амзат Мух1амаевич, бищунго рак1алда ч1араблъун кинаб сон ккараб?

Х1амзат : Узухъда, дир т1анч1и, 1934 сон. Гьеб соналъ канлъи бихьана дир «Г1адатазул жул» абураб т1оцебесеб т1ехьалда, дие кьуна халкъияв шаг1ирасул ц1ар, гьебго соналъ восана хъвадарухъабазул союзалде, Мух1мадмирзаца дида абуна «Аваразул Чехов» абун

Слайд 54- Мух1мадмирза Хизроев «Ц1адаса Х1амзатил х1акъалъулъ»

Х1амзат: Дие цебего гьикъизе бокьун бук1ана нужеда. Дида раг1ана гьанже маг1арул мац1 бокьуларел лъимал ругилан. Нужеда гъорлъ ругищ гьединал?

Ц1алдохъан: Дица кьела, Х1амзат Мух1амаевич, гьеб суалалъе жаваб. Нижеца гьединазул рахъ кколаро. Амма х1аракат бахъула гьел мекъи рук1ин гьезда бич1ч1изабизе.

Гьабсаг1ат нижеца бихьизабила «Ашбазалде» абураб коч1олъа цо гьит1инабго сценка.

Х1амзат: Дун вохарав вуго дир асарал нужее рокьиялдаса. Х1алч1ахъаги нужер.

Ц1алдохъаби: Х1амзат Мух1амаевич, мунги свакан ватила. Баркала к1удияб. Нижееги т1адруссине заман щвана.

Муг1алим: Бокьанищха сапар? Сваканищ?

Муг1алим: Ахиралде щвана нилъер сапар.

Биччала проектор. Гьеб заманалда муг1алимас ц1алдохъабазул карточкабазул хал гьабула ва ц1ик1к1ун бонусал щварав вихьизавула

Дарсил х1асилал гьаризин? Вугищ к1алъазе вахъине бокьарав чи?

Ц1алдохъан: Дие поэма бокьана. Гьелъ дида Ц1адаса Х1амзатил г1умру гъваридго лъазе гьабуна.

Ц1алдохъан: «Ашбазалде» сценкаялъ лъик1аб асар гьабуна.

Ц1алдохъан: Экускурсия бокьана. Нужее баркала.

Муг1алим: Баркала, лъимал. Гьанже цеве вахъинавизин «Г1акъилазул г1акъил» абураб ц1аралъе мустах1икълъарав ц1алдохъан.

Къиматал лъола, баркалаялъул кагътал рикьула.

Муг1алим: Т1адруссинин дарсил эпиграфалде: Х1амзатил асарал инсан куцалел къебелъи ккола.

Рокъобе т1адкъай: Сочинение хъвазе цо дарсил кьуч1алда.

Источник

Видео

Поделиться или сохранить к себе:
Технологии | AltArena.ru
Добавить комментарий

Нажимая на кнопку "Отправить комментарий", я даю согласие на обработку персональных данных, принимаю Политику конфиденциальности и условия Пользовательского соглашения.